Киналго рухӀчӀаголъаби ТӀадегӀанав Аллагьас рижарал рукӀиналъ, киналго рухӀчӀаголъаби цо тӀабигӀаталъул, цо хӀакъикъаталъул ва цо ихтияралъул вацал ккола. Гьединлъидал цогидал вацазе кинаб бугониги къварилъи яги хӀинкъи бачӀараб мехалъ цогидав вацасде гурхӀел бижула.
ЧӀагояб рухӀчӀаголъиялда цоги чӀагояб рухӀчӀаголъиялъе хӀинкъи яги гӀазаб букӀин бихьараб мехалъ ва лъараб мехалъ, вацлъи сабаблъун цогидав вацасда гурхӀел баккула.
Вацлъи гурхӀел-рахӀмуялъе сабаб буго.